Александр Македонияв
From Wikipedia, the free encyclopedia
Алекса́ндр Македо́нияв (Александр III ТӀадегӀанав, н.-грек Ἀλέξανδρος[1] Γ' ὁ Μέγαςcode: grc is deprecated , латин: Alexander III Magnuscode: la is deprecated , бусурбабазул Искандер Зулькъарнайн[2], гӀага-шагарго гь. 20 июлалъ н.р.ц. 356 соналъ — хвана 10 июналъ н.р.ц. 323 соналъ) — н.р.ц. 336 соналдаса нахъе Аргеадазул династиялдасан Македониялъул хан, рагъул цевехъан, жив хун хадуб биххараб гӀаламалъул пачалъихъ гӀуцӀарав чи. Магърибияб тарихалда гӀемериса Алекса́ндр ТӀадегӀанав-илан абула гьесда. НекӀсиял заманабаздасанго гьев машгьурав вуго кӀудияв бищунго къуватав рагъул цевехъан гӀадин.
Краткие факты Байрахъ Македониялъул хан, н.р.ц. 336 сон — 10 июнь, н.р.ц. 323 сон ...
Закрыть