Рагьараб
From Wikipedia, the free encyclopedia
Рагьараб гьаракь ккола каламалъул гьаркьлъун, жал абулаго каламалъулаб нухалда кинаб букІаниги квал-квал лъугьунарел.[1] Рагьарал ккола каламалъул гьаркьазул кІиго аслияб тайпаялдаса цояб, цогидалб тайпа ккола рагьукъал. Рагьарал ратІа гьарула сипаталда, гьаракьил кІодолъиялда ва гьединго халалъиялда рекъон. Гьел гІемерисел зирараллъун лъугьуна ва гъункун хурхарал рукІуна просодиялъул тон, интонация ва тІадецуй гІадал вариациязда.
ИФА: Рагьарал | ||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
| ||||||||||||||||||||||||||||||||
Легенда: гургинлъичӀел • гургинлъарал |
Рагьарал гьаркьазул артикуляция акустикияб хІалалъ бихьизабула кинабниги спектралда зама-заманалъулал хьвагІиял гІадин, гьелъ рагьарал гьаркьал ккола ккола музыкалиял гьаркьаллъунги.[2][3] Рагьаразул артикуляциялъул батІалъиялде щола резонаторалъул форма хисиялдалъун: гьеб лъугьинабизе бегьула мацІалъул лагадул яги кьибилалъул бугеб бакІ хисиялдалъун, ва гьединго кІутІбузул. Гьеб гуребги, рагьразул букІине бегьула тІадеги артикуляцияби (мисалалъе, магІарзухъан) ва фонациял.
Рагьаралилан гьединго цо-цо мехалда абула гьел гьаркьал рихІизарулел хІарпаздеги, мекъе ккечІого рукІине хІалтІизарула терминал «рагьарал хІарпал», «рагьарал гьаркьал».