Туплисалъул имарат
From Wikipedia, the free encyclopedia
Туплисалъул имарат (гуржи: თბილისის საამიროcode: ka is deprecated t’bilisis saamiro, гӀар. إمارة تفليسي Imārat Tiflisi) — исламияб пачалихъияб гӀуцӀцӀен, ГӀараб халифаталъул эгидаялда гъоркь Бакъбаккул 736-лдаса 1122 соналде щвезегӀан (де факто — 1080 соналъ-лъагэан) ва БакътӀерхьул Гуржистаналда 735 соналдаса IX гӀасруялъул бащалъуде щвезегӀан букӀараб. Имараталъе нухмалъи гьабулеб букӀана цин ШугӀабилазул наслуялъ (Умаятилазул наслуялъул гӀаркьел), хадуб, Саакъ амир хилиплъигун, гьеб хисана Шайбанилаз ва Джаффарилаз. Тахшагьарлъун букӀана Туплис. Туплисалъул амир хъулахъалде тӀамулан живго халифас.[1]