Юрий Гагарин
From Wikipedia, the free encyclopedia
Ю́рий Алексе́евич Гага́рин (9 март 1934, Клушино, Гжатский (гьанже Гагаринский) район, Западный мухъ, СССР — 27 март 1968, Новосёлово росуда аскІоб, Киржачский район, Владимирский мухъ, СССР) ккола Совет ХІукуматалъул тІоцевесев космосалде воржарав чи. Гьев ккола Совет ХІукуматалъул бахІарчиясул цІар щварав чи. Киналго шапакъаталги щварав чи ккола гьев. ГІемерисел дунялалда ругел щинал шагьаразул хІурматияв шагьарцояв ккола гьев.
Юрий Гагарин | |
---|---|
Гьавидал цӀар | гІур. Юрий Алексеевич Гагаринcode: ru is deprecated |
Шапакъатал | |
Медиафайлал Викигъамасалда |
1961 соналда апрел моцІалъул 12 къоялда Юрий Гагарин ккана тІоцевесев космосалде воржарав чилъун[1][2]. Гьев боржарав гамаги (Восток-1) битІана Байконур абулеб космосалде гуми ритІулеб бакІалдаса. 108 минут бана Гагариница космосалда, цинги гьев боржарав гама рештІана Саратов мухъалда бугеб Энгелс шагьаралда аскІоб. Гьелдаса нахъе апрел моцІалъул 12 къо рик1к1ула Космосчаг1азул Къолъун.