ГӀандиял мацӀал
From Wikipedia, the free encyclopedia
ГӀандиял мацӀал руго хьондакавказияб хъизамул мацӀал. Авар мацӀалда цадахъ эл уна гьеб хъизамул авар–гӀандияб гӀаркьалиде гъорлӀе. Гьединго цӀунтӀиял мацӀазда цадахъ эл цойиде рачуна авар–гӀандияб–цӀунтӀияб къакъа гӀадинан. ТӀиритӀун руго гӀандиял халкъазда гьоркьоб Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, аслияб куцалъ ГӀанди гӀурул расалъуда (Болъихъ, ЦӀумада, ГӀахьвахъ мухъазда) ва Азарбижаналъул хьондасеб бакътӀерхьул рахъалда (Закатала район); 1950-л соназдаса хада эл мацӀазда кӀалъалезул гӀемерисел чагӀи рахъана лъарагӀлъуде. ГӀандиял мацӀазда кӀалъалезул риккӀен буго гӀ-ш 15 азар чи (2010 сонил), литературияб мацӀлъун эзие ккола авар.
Краткие факты ГӀандиял мацӀал, Географияб тӀибитӀи ...
ГӀандиял мацӀал | |
---|---|
Географияб тӀибитӀи | Дагъистан |
Лингвистикияб классификация | Хьондакавказиял
|
Glottolog | andi1254 |
Закрыть