Египет
From Wikipedia, the free encyclopedia
Еги́пет (гIар. مِصْر Миср/Miṣr [misˤɾ] , маср.مصر Маср/Maṣr [ˈmɑsˤɾ] , копт. ΚΗΜΙ [kʰēmi] ), расмияб цӀар Еги́петалъул ГIaра́б Жумгьурият (гIараб. جمهورية مصر العربية Джумхурийят Миср аль-ГIарабийя, маср. جمهورية مصر العربية Гумхурия Маср иль-ГIарабийя) буго Африкаялъул шамалияб бокӀонги Синаялъул бащдаб чӀинкӀиллъиялъун лъугьараб ракъдал кьоялдалъун Азиялъул жанубиябгин бакътӀерхьул бокӀонги кколеб трансконтинеталияб пачалихъ. Египет ккола Ракьдагьоркьобралъадалъул регионалъул пачалихъ жиндир гӀурхъаби цураб шамалиябгин бакъбаккуда ПилистӀингун ва Исраилгун, жанубалда Судангун ва бакътӀерхьуда Либиягун. Ралъдал гӀурхъаби руго ГӀакъаба бугъазалдасан Урдуналъулгун, БагӀараб ралъадалдасан СагӀудиязул ГӀарабистангун, Ракьдагьоркьосеб ралъадалдасан Къубрусалъулгун, Туркиялъулгун ва Грециялъулгун.
Египет гӀараб جمهورية مصر العربية | |||||
| |||||
ШигӀар: «ЧIахъаги Египет
гӀараб "تحيا مصر"» | |||||
Гимн: ВатIан | |||||
КьучӀ лъуна | 3000 с ГI. Ц. | ||||
Истикълал щвараб къо-моцӀ | 28 февраль, 1922 сон ( Британиялъул империялдаса) | ||||
Расмияб мацӀ | ГӀараб | ||||
Миллатал | {{{Миллатал}}} | ||||
Тахшагьар | Къагьир | ||||
ЧӀахӀиял шагьарал | Искандерия, Джиза, Бур-СагIид, Шубра-аль-Хайма, Суэц. [1] | ||||
ХӀукмуялъул низам | Жумгьурияб | ||||
Президент ХІукуматалъул Председатель Маджлис ан-Нувабалъул Председатель | ГIабдул-ФаттахI ас-Сиси МустIафа Мадбули ГIали ГIабдул ГIал Сайид АхIмад | ||||
Пачалихъ. дин | Ислам | ||||
Ракь • Кинниги • % лъел бутІа | 29-билеб дунялалда 11 001 450 км² 0,6% | ||||
Халкъалъул къадар • Къимат (2017) • Гъунки | 97 041 072[2]чи (14-билеб) ↗ 85 чи/км² | ||||
ГІЖП (БББ) • ХӀасил (2015) • Халкъалъул цо чиясе |
996 млрд[3] $ (25-билеб) 11,5 азар. $ (129-билеб) | ||||
ГІЖП (номинал) • ХӀасил • Халкъалъул цо чиясе |
286,4 млрд[3] $ 3,3 азар. $ | ||||
ИПГӀИ (2015) | 0,690 [4] (гьоркьохъеб) (118-билеб) | ||||
Этнохороним | Египтянав, египтянай, египтянал | ||||
Интернет-домен | .eg, مصر | ||||
Код ISO | EG | ||||
Код МОК | EGY | ||||
Телефоналъул код | ++20 | ||||
СагӀтил рачел | +02:00 | ||||
Хисизабизе |
Египеталъул тарих буго бищун халатаздаса цояб, жиндир ирс Нил гӀоралъул расалъиялдаги дельтаялдаги н. щ. VӀ–ӀV азарсоназдаса байбихьун букӀараб. Цивилизациялъул кинилъун рикӀкӀунеб НекӀсияб Египеталъ загьирлъизаруна цебесеб хъвай-хъвагӀиялъул, росдал магӀишаталъул идракал, урбанизация, гӀуцӀараб дин ва централлъараб хӀукумат[5]. Джизаялъул некрополис, КӀудияб Сфинкс гӀадал монументаз, гьединго Мемфисалъул, Васиталъул, Карнакалъул, Маликзабазул расалъиялъул хутӀелаз бихьизабулеб буго гьеб ирс, тӀаде цӀалеб буго гӀелмияб ва халкъияб интерес. Египеталъул халатаб ва бечедаб маданияб ирс буго гьелъул миллияб индетификациялъул гъорлъбосраб бутӀа, жинца гьелъул тӀолго Ракьдагьоркьоралъадлъиялдаги, ГӀагараб Бакъбаккудаги Шамалияб Африкаялдаги бугеб уникалияб трансконтинеталияб чӀей бихьизабулеб[6].
Гьанжесеб Египет байбихьула монархия хӀисабалда 1922 соналъ Британиялъул империялдаса истикълал щведал. 1952 соналъул инкъилабалдаса хадуб Египет лъазабуна жумгьуриятлъун, ва 1958 соналъ гьебги Сирияги жубан лъугьана Цолъараб ГӀараб Жумгьурият, жиб 1961 соналъ биххараб.
Египеталъул расмияб динлъун буго Ислам, расмияб мацӀлъун буго гӀараб[7]. 100 миллионалдаса чи вугеб халкъгун, Египет буго Шамалияб Африкаялдаги, ГӀагараб Машрикъалдаги ГӀараб дуниялалдаги бищун халкъ гӀемераб пачалихълъун, лъабабилеб бищун халкъ гӀемераб Африкаялда ва 30-б тӀолго дуниялалда.